Астагъфирулла'гь, Алла'гь, тIолго мунагьаздасан,
ТIасалъугьа, БетIергьан, Дур лагъзадеридасан.
Тавбу гIагиха, Алла'гь, гьабураб щиналдасан.
РекIекълъанаха, Алла'гь, квеш-квеш хьвадиялдаса.
Загьирал, батIиниял, балъгоялгин, тIатарал,
Киналгоги мунагьал тезе къасд лъуна, Алла'гь.
Дидаго лъан гьарурал, лъачIого гьаруралги,
Бералъ, гIиналъ гьарурал, кIалалъ гьаруралниги,
ХIетIе-квералъ гьарурал, чехьалъ, черхалъ гьарурал
ТIолго хатIабаздасан пашманлъана, БетIергьан.
Бусурманаб диналда рекъоларел щинал жал.
Черхалъ гьариялдаса, ракIалда ккеялдаса,
Гьабулесда инкар тун, тIад рекъон чIеялдаса,
Как-кIал тун батаниги, гьебги бецIила, Алла'гь,
Закат-сахIалда жаниб щубгьалъи ккун батани,
Гьебги бецIила, Алла'гь, хIажжадде къасд гьабила.
ХIабибасул суннатал теялда ракI бухIана.
Шайихазул адаб тун тавбу гьабизе ккана.
Хвел-хобалъул пикру тун, дудасан ракI гъафуллъун,
ГIадада араб гIумро, гьелдаги пашманлъана.
ГIолохъанлъи хвачIид ун, херлъидалги гъафул чIун,
Хвалиде гIагарлъидал гIузро баччун кIалъана.
Мун Гъафур вугевлъи лъан, хIелун цере ниж чIана,
Дуда гьарун гурони, цоги сабаб батичIо.
ГIисян хIалакун ккана, хIалихьалъи цIикIкIана,
ХIал гьарун гьанже духъе, мукIурлъун ниж рачIана.
Фискъуялъул къасават ракIазда тIад лъугьана.
РакIазе дару кьезе Мун гурев чи ватичIо.
Фурузазъулъ кIарчанлъун, суннатазулъ кIвахIаллъун,
Лъазего лъачIого ун гIумру дагьлъун батана.
Арал къоял нахъ руссун щолареллъи лъадалго
Пашманлъи загьир гьабун, киналго ниж хIелана.
Астагъфирулла'гь,
Астагъфирулла'гь,
Астагъфирулла'гь.